Бочча

Лага-черх загIипазе спорталъул цIияб тайпа

Гьеб тадбиралда гIахьаллъана 40 чи

МахIачхъалаялда «Россия – дир тарих» абураб тарихияб паркалда гъоркьиса декабралъул ахиралда букIана сахлъи загIипал гIадамазе спорталъул цIияб тайпаялъул (бочча) презентация.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъана Россиялъул тIасабищараб командаялъул тренер Сергей Легостаев ва боччаялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер, Россиялъул чанцIулго чемпион ва халкъазда гьоркьосел къецазул призер, ВС-З классалда (кIигоязул хIай 2017 соналда Европаялъул чемпионаталда бергьарав Александр Легостаев. Гьеб тадбиралде вачIун вукIана кинавниги 40 чи. Республикаялъул гьалбадерица бицана спорталъул цIияб тайпаялъул хIакъалъулъ ва тIобитIана хIаялъул рахъалъ мастер-класс.
«Бочча» ккола олимпиялъул тайпабазда жинда релълъараб цоги гьечIеб, Паралимпиялъул хIаязда къанагIатаб спорталъул тайпа.
ТIоцебе гьеб тIобитIана 1984 соналда рукIарал Паралимпиялъул хIаязда. Жакъа бочча хехго цебетIолеб буго, Россиялда бочча цебетIеялъул ра­хъалъ «Мегафон Бочча OPEN» программаялда рекъон, «Мегафон» компаниялъ рахъкквеялдалъунги.
Бочча – гьеб ккола Паралимпия­лъул хIаязул программаялда гьоркьобе унеб, торгIогун италиялъулазул хIай. Россиялда боччаялъул рахъалъ турнирал тIоритIулел руго 2007 соналдаса нахъе. Гьелъул гIахьалчагIазул масъалалъун ккола къецазул байбихьуда майданалда лъун букIараб торгIоялде — джек болалде жидерго таргIал гIагардегIан лъей.
ХIай тIобитIиялъе хIажалъула къохьол чанго торгIо ва хасаб майдан. КIиго спортсменго гIадин, гьелда гIахьаллъизе бегьула командаги. Бугеб бажариялда, ресалда бан, хIаялъул гIахьалчагIи рикьула ункъо классалде – ВС-1, ВС-2, ВС-3 ва ВС-4.
«МахIачхъалаялде нижеца бочча бачана «Мегафон Бочча OPEN» федералияб программаялда рекъон. Нижер проект – гьеб ккола сахлъи загIипал гIадамазе цIиял гьудулзаби ралагьизе, гьединго спорталъулъ жидерго бажари бихьизабизе ругел ресал», — ан абуна «Мегафон» компаниялъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул директор Олег Асваровас.
Спорталъул гьеб тайпа цебе­тIезабиялъул мурад ккола лага-черх загIипал гIадамазул организм цIиял шартIазде ругьунлъиялъе квербакъи ва спортивияб хIаракатчилъиялъул хIасилалда физическияб рахъалъ гьел церетIей. «ЦIияб гIумру» абураб рахIмуялъулаб фондалъ ва «Мегафоналъ» кIвар бугеб, лъикIаб хIалтIи гьабулеб буго сакъатал, нервабазул системаялъе жагъал­лъи ккарал гIадамазе квегIенаб спортивияб гьеб тайпа Россиялда цебетIезабиялъе.