Аэропорталда дандчIвай

Кремлевас кумек гьабизе рагIи кьуна

Дагъистаналде Россиялъул Боксалъул федерациялъул генералияв секретарасул сапар

Россиялъул Боксалъул федерациялъул генералияв секретарь Умар Кремлев цо къоялъул сапаргун вачIун вукIана нилъер республикаялде. Гьес лъай-хъвай гьабуна Дагъистаналъул Боксалъул федерациялъул материалиябгун техникияб базаялъул ахIвал-хIалалъулгун, дандчIвана спорталъул гьеб тайпаялъул аслиял вакилзабигун, щвана Россиялъул БахIарчи ГIадилгерей МухIамадтIагьиров ракIалдещвеялъе тIобитIараб ТIолгодунялалъулаб рагъулаб самбоялъул рахъалъ федерациялъул чемпионаталде.

Умар Кремлевасда ва гьесда цадахъ вукIарав профессионалияв боксер Мурат Гассиевасда дандчIвазе МахIачхъалаялъул аэропорталде бачIун букIана Дагъистаналъул боксалъул тIолабго абуниги къокъа – олимпиялъул чемпион, физкультураялъул ва спорталъул рахъалъ министрасул заместитель ХIайдарбег ХIайдарбегов, Дагъис-таналъул Боксалъул федерациялъул нухмалъулев, дунялалъул чемпион Альберт Селимов, профессионалияб боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионал ХIабиб Аллагьвердиев, СултIан Ибрагьимов ва цогидал. ХIурматияв гьоболасе гьениб сайгъат гьабуна гIандадерил буртинаги, тIагъурги, ханжарги.
Аэропорталда республикаялъул СМИязул вакилзабазулгун букIараб дандчIваялда Умар Кремлевас бицана Дагъистаналде гьабураб сапаралъул мурад.
«Нужер республикаялда дун вуго тIоцебесеб нухалъ. Дие лъикIаб асар гьабуна нужер гIадамаз ва Дагъистаналъ. Нижеца халгьабизе буго боксалъул чанго школалъул ва хIаракат бахъизе буго, ресалда рекъон, гьел техникияб рахъалъ хьезариялъе квербакъизе», — ян абуна Кремлевас.
Мурат Гассиевги тIоцебесеб нухалъ щун вуго Дагъистаналде. ЦIар рагIарав боксерас бицана дагъистаниязда гьоркьор жиндир гIемерал гьудулзаби ругилан ва цебегоялдаса нахъе хIисабалде босун букIанила гьаниве вачIинеян.
Аэропорталдаса делегация ана Каспийскалде ва гьениб лъай-хъвай гьабуна республикаялъул бокса-лъул аслияб школалъулгун — боксерал хIадурлъулеб Олимпиялъул
централъулгун. Дагъистан тун къватIибехунги цIар рагIарал, жидеда гьоркьор гIемерал Европаялъул, дунялалъул ва Олимпиялъул хIаязул чемпионалги ругел боксераз тренировкаби тIоритIулеб залалъ лъикIаб асар гьабуна гьалбадерие.
Гьениб букIараб данделъиялда Умар Кремлевас абуна Россиялъул Боксалъул федерациялъ Дагъистаналъул халгьабулеб бугила, бокс цебетIезабиялъе централ гIуцIизе хIисабалде росарал регионазул цояб гIадин. Гьес бихьизабуна тIолабго лъагIелалъго гьанир гIодоблъиялда ва мугIрузул ахалъабазда ва мугIрузда тренировкаби тIоритIизе ресал ругилан. Кремлевас рагIи кьуна Дагъистаналда олимпиялъул ва профессионалияб бокс цебетIеялъе Россиялъул боксалъул федерациялъ кинабго рахъалъ кумек гьабизе бугилан ва къваригIараб тIагIел-алатги цогидабги хIажатаб босизе Да-гъистаналъул Боксалъул федерациялъе сайгъат гьабуна цо миллион гъуруш.