БукIинеселде ишангун

20 марталда Дагъистаналъул бетIерас Халкъияб Собраниялде ХитIаб гьабуна

 

«РФялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб ХитIабалдаги «маялъул указаздаги» чIванкъотIун рихьизарун руго нилъеда це­ре­чIарал масъалаби. Гьел тIу­разаризе нилъеда тIадабги буго», — янги абун, байбихьана ДРялъул бетIерас ХитIаб.

«Дир Дагъистан»

Рехсараб цIаралда гъоркь тIоби­тIараб кадрабазул къецалдаса рази вукIинги загьир гьабуна ДРялъул бетIерас. «Россиялъул президента­сул администрациягун цадахъ тIо­битIараб гьеб къе­цалъ рес кьуна гIо­лохъанал, жидер пикру бугел ва махщел камилал хIалтIухъаби нух­малъия­лъул идарабазде хIалтIизе рачине. Гьелде тIадеги, республикаялде тIадруссана Россиялъул компаниязда лъикIаб хIалбихьи щварал дагъистаниялги. Къецалъул хIасилалда жавабиял хъулухъазде тIамуна 42 чи ва гьезул хIалтIул лъикIал хIасилалги руго», — ян абуна В. Васильевас.

Рукъзал кьезе руго…

«ГьабсагIаталда, республикая­лъул минабазул фондалдаса рукъзал щвеялъухъ балагьун, иргаялда вуго 13500 чи. Гьелда бан закон къабул гьабуна 2006 соналдаго, амма цониги чиясе кьечIо жеги рукъ. Дида лъикIаблъун бихьула гьеб рахъалъ ДРялъул хIукуматалъ къабул гьабураб хIукму ва дица гьелда тIадкъалеб буго республикаялъул бюджеталда гьеб иш тIубаялъе ресал ратеян абун. Балагьизе ккола 300 млн гъуруш, сакъатал гIадамазеги сакъатал лъимал хьихьулел хъизамазеги рукъзал кьеялъул мурадалда. ХIадуризе буго 10 сонил болжалалда бигьалъигун бецIизе рес кьолеб ипотекаялъулаб кредит рагьиялъул къагIидаги. Гьеб кредиталъул бащдабниги бецIизе буго республикаялъул бюджеталъ.
КIиабизе абуни, ипотекаялъул кредит босиялдалъун рес буго жакъаго федералияб кумек щвезе ва эбелалъул капиталалда бащалъулеб (453 азарго гъуршил) гIарцул субсидиялдаса пайда бо­сизе. Гьелде тIадеги, лъабго ва цIикIкIун лъимер бугеб хъизамалъе рес кьолеб буго ипотекая­лъул кредит бецIиялъул мурадалда федералияб бюджеталдаса жеги 450 азарго гъуруш щвезеги», — ян абуна Дагъистаналъул бетIерас.

Медицина

ДРялъул бетIерасул баяназда рекъон, 2018 соналда меди­цинаялъул кумек гьабун буго анлъазарго дагъистаниясе. Исана ракIалда буго жеги цIикIкIинабизе. Гьелъул мурадалда гьаризесел тадбиразда гьоркьор Васильевас рехсана информациялъулал технологиял гIумруялде рахъинариги, тохтурасухъе хъвай-хъвагIай гьабия­лъул электронияб къагIидаги, медицинаялъул идарабазул сайтаздаса хIажатал баянал росизе рес щвейги.
«ТIадегIанал технологиязул медицина цебетIезабиялъул хIасилалда рес щвезе буго республика тун къватIибехун лъикIаб хIалбихьи щварал махщелчагIи Дагъистаналде рачIиналъе шартIал гIуцIизе. ЛъикIаб хIасил кьезе буго «Земский доктор» абураб федералияб программаялъул кьучIалда росабалъе гIолохъанал тохтурзаби хIалтIизе иналъги. 2019 соналда, гьеб программаялда рекъон, росабалъе витIизе ракIалда буго 224 тохтурги 10 фельдшерги (гъоркьиса гьедин хIалтIудалъун хьезавуна 202 махщелчи).
ХIаракат бахъизе буго дагъистаниязе хIажатаб медицинаялъул кумек республикаялдаго щвеялде кIвар цIикIкIинабизе, хасго росабалъго амбулаториялги фельдшеразул пункталги разе. Гьебмехалда МахIачхъалаялде щвезегIан рачIинеги ккеларо кумекалда хадур.
Улкаялъул президентасул квербакъиялдалъун Болъихъ районалда балеб буго мугIрузул районазул гIадамазе кумекалъе больница. Гьениб букIине буго компьютералъул томографги. ХIажат руго гьединал больницаби цогидал районаздаги разе. Исана босизе буго 70-ялдаса цIикIкIун хехаб кумекалъул машинаги флюорографиялъул 50 аппаратги.
Республикаялда цIикIкIунел руго лъималазе прививка гьабиялдаса инкар гьабулел хъизамал. Гьелда тIадги хIалтIизе ккола муниципалитетазул бутIрулги ро­сабазул нухмалъиги. Вакцинаялъул кIвар букIин бичIчIизабизе ккола гIолохъанал улбузда», — ян бицана Владимир Васильевас.

Лъайкьей

«Исана базе буго 11047 цIал­до­хъанасе бакI бугеб 33 школа. Гьелъие бачIана федералияб бюджеталдаса лъабго миллиардгун ичIго миллионалдаса цIикIкIун гъуруш.
«100 школа» абураб проекталъул квербакъиялдалъун ва ба­кIалъулал нухмалъиялъулгун меценатазул кумекалдалъун лъикI­лъизабуна 117 школалъул материалиябгун техникияб хIал.
Гъоркьиса федералияб бюджеталъул гIарцухъ 140 школалъе росана автобусал. Исана босизе буго жеги 95. Амма босизе ккола 168 автобус.
ЦIигьабизе буго 168 росдал школалъул материалиябгун техникияб база. Исана нижехъа бажарана цIалдохъаби цIалул тIахьаздалъун хьезариялъул иш цебе туркIизабун. Щибаб школалде ритIана хIажатал тIахьал», — ан абуна Владимир Васильевас.

Нухалги бакIал райги

Владимир Васильевас абуна заман щун бугин Хважалмахьи росулъан унеб нух къачIан бахъинабизеги. «Гьебго районалда базе кколеб кьодул сметаялъул халгьабураб мехалда, гьелъул багьа бихьизабун батана цо миллиардгун анлъго миллион гъуруш. Документазул мухIканаб хIисаб гьабидал, гьеб багьа учуз гьабизе кIвана 500 млн гъурушалъ.
Ахирал соназда гIадлу би­ххун буго МахIачхъалаялда ра­лел бакIазулги. ТIагIана хIухь­бахъиялъе санагIатал ахал. Москваялъул хIукуматалъ ни­лъее сайгъат гьабуна 350 млн гъуруш – МахIачхъалаялъул аслияб майданги гьелъул сверухълъиги цIигьабизе. Гьеб гьабулаго, кIваркьезе ккола тахшагьаралъул тарихияб сипат цIуниялде», — ян кIалъана Владимир Васильев.

ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ