ДРялъул хIукуматалда

Щибаб гъуруш берда гъоркь

Артём Здунов: «Нилъер букIине ккола гIарац харж гьабиялъул рахъалъ мухIканаб къагIида»

13 марталда ДРялъул премьер-министр Артём Здуновас тIобитIараб данделъиялда бицана, республикаялъул бюджеталдаса гIарацги харж гьабун, ралел ругел бакIазул хIакъалъулъ. Цебелъураб масъалая­лъул кIудияб кIвар букIиналъул хIакъалъулъ бицунаго, Артем Здуновас гьадин абуна: «Исана нилъер буго инвестициязулаб республикаялъул кIудияб программа. Гьанже ургъизе ккола, чIезабураб болжалалда кин гьеб гIумруялде бахъинабилебали. Гьединлъидал нилъер букIине ккола гIарац харж гьабиялъул рахъалъ мухIканаб къагIида, кидаго хIадур рукIине ккола федералиял проектазда хIалтIизаризе санагIатал планалги ПСДги», — ян. Гьес гьарана, баянал кьолеб мехалда, кIварбуссинабейин ралел ругел социалиялгун инфраструктураялъул объектазухъ гIаммаб къадаралда кигIан гIарац унебали, исана базе кколеб гьединаб объект чан бугебали ва жакъа кинаб хIал гьезул бугебин абурал суалазде.
Гьединал баянал кьуна ДРялъул ралел бакIазул ва ЖКХялъул министр Малик Баглиевас. «Лъайкьей цебетIезаби», «РФялъул гражданазе лъикIал рукъзалги коммуналиял хъулухъалги чIезари», «СахлъицIуни цебетIезаби» абурал ва республикаялъул инвестициязулаб программабазда рекъон, ралел бакIазул хIакъалъулъ бицунаго, министрас рехсана гьадинал хIужаби: «Республикаялда базе буго 113 объект: школалда цебесеб лъайкьеялъул – 57, гIаммаб лъайкьеялъул – 48, сахлъицIуниялъул – щуго ва цогидалги. Гьелде тIадеги, хасаб къотIиялда рекъон, базе буго 34 лъималазул ахги. Гьелда бан, 22 муниципалитеталде битIун букIана рехсарал объектал раялъе санагIатал ракьал рихьизареян абураб хитIаб. ХIажатал документал хIадур гьарун руго гIицIго кIиго муниципалитеталъ.
Исана бан бахъинабизе ккола ичIго школа – лъабго сменаялда цIали тIагIинабиялъул мурадалда. «Лъайкьей цебетIезаби» абураб программаялда рекъон, 2021 соналде базе буго жеги 19 объект ва 2019 соналда – бан бахъинабизе буго 20 лъималазул ах», — ан.
Гьединго данделъиялда бицана туберкулезалде данде къеркьолеб диспансер базе бугиланги.
Инженерияб инфраструктура цебетIезабиялъул суал борхулаго, ДРялъул хIукуматалъул председателас абуна, гьеб масъала тIубаялде 2019-2024 соназда биччан бугин 34 млрд гъурушилан. «Гьелда гьоркьоса 30 млрд гъуруш хIалтIизабизе буго гьекъолеб лъедалъун росаби хьезариялъул мурадалда. 2019 соналда хIалтIизе биччазе буго 27 лъел объект», — ан бицана гьеб масъалаялда банги ДРялъул ралел бакIазул министрас.
ДРялъул бетIерасулги ДРялъул хIукуматалъулги
администрациялъул пресс-хъулухъ