Анкьил хIасилал

ТIадегIанаб шапакъат, мустахIикъаб къимат

ДРялъул бетIер Владимир Васильев дандчIвана UFCялъул чемпион ХIабиб НурмухIамадовгун  ва гьесул эмен, тренер ГIабдулманап НурмухIамадовгун

Чемпионасда бергьенлъи бар­­­ку­лаго, В. Васильевас ГI. Нур­мухIамадовасда абуна: «Кинавго чиясул анищ букIуна вас гьавиги, гьев гьунар, махщел, къуват бугевлъун лъугьинги. Духъа бажарана Дагъистан ва тIолабго Россия чIухIарав вас гIезавизе. ХIабиб къеркьана ва бергьана бигьаял гурел шартIазда. Ниж киналго ургъалилъ рукIана, ритIухълъиги цIунун битIараб къимат кьун бажариладай абун. ХIурматияв ГIабдулманап МухIамадович, дие бокьун буго дуе ва дур васасе республикаялъул пачалихъияб шапакъат кьезе», — ян.
Владимир Васильевас UFCялъул чемпионасул каранда бана «ДРялда цебе гьабураб хъулухъалъе гIо­ло» орден. ГIабдулманап Нур­му­­хIамадовасе кьуна «ДРялда фи­зическияб культура ва спорт цебе­тIезабиялъе гьабураб хъулухъалъе гIоло» медаль.
ДандчIваялъул ахиралдаги Да­гъис­таналъул бетIерас абуна, ХIабиб НурмухIамадов дунялалдаго машгьурав ва жиндирго хасаб пикруги бугев политиклъун лъугьанин рикIкIунин жинцаян.
«РачIа нилъ ургъизе, Дагъистаналъул халкъалъе, Россиялъе ва нужеца тIолабго гIумру кьураб спорталъе гIоло кинаб хIалтIи нилъеца цадахъ гьабизе бегьулебали», — янги абун, цоги нухалда баркала загьир гьабуна Владимир Васильевас.
Республикаялъул нухмалъи­я­л­ъ кьу­раб тIадегIанаб къиматалъу­х­ъ баркалаги кьолаго, ХIабиб Нур­му­хIамадовас абуна: «Цебегоялдаса на­хъе щун рукIинчIо дие медалал, ахирисеб нухалда щвараб медальги букIана 2011 соналда дунялалъулго Кубокалда. Спорт цебетIезабиялъул рахъалъин абу­ни, гIемерал инвестициялъулал проектал руго республикаялда хIалтIизаризе гIадамазе бокьарал. Нижеца гьелъул киналъулго хIакъалъулъ хадусеб дандчIваялда мухIканго бицина», — ян.