ЛъагIалил хIасилал

Ана тарихалде иргадулаб сон

 

Цо хIалкквечIеб, хIалуцараб, гIе­мер батIи-батIиял лъугьа-ба­хъиназдалъун гьарзаяб букIана ни­лъе­ца нухда тIобитIараб 2018 сон ду­нялалдаги, улкаялдаги, рес­пуб­ли­­каялдаги. Америкая­лъул Цолъа­рал Штатазул гIамал кIу­дияб, кIи­гьумерчилъиялъулаб политикаялъ квешаб асар гьабу­леб буго инсанияталъулго парахалъиялъе. Сириялъул законияб хIукуматалъул разилъи гье­чIолъиялъул санги гьа­бичIого, террористазда данде рагъулел ругинги абун, гьелъул гIаксалда, террористазул рахъги ккун, Сириялъул ракьалда рагъул базабиги ран чIун руго американал. Жидер пикруялда хадур унарел, унго-унголъунги терроралде данде къеркьолел ругел Россиялде, Ираналде, Китаялде данде гьарулел руго экономикиял санкциял. Гьайгьай, гьел санкция­з Россиялъул экономика, гIумру хадубккунги цебетIеялъе асар гьабичIого то­­леб гьечIо. Гьедин букIаниги, Рос­сиялда гIумруялде рахъинарулел руго чIахIи-чIахIиял экономи­киял про­ектал – Керчалъу­лаб проливалда тIасан Крымалъу­л бащдаб чIинкIиллъиялде бан лъу­гIана стра­тегиялъулаб кIвар бугеб кьо, ра­гIалде бахъунеб буго Европая­лъул улка­базде газалъу­л рогIрал лъея­лъул иш, Турциялде ва гьенисан Балканазул пачалихъазде бачунеб буго газ. ГIадатияб халкъалъ цо хIалалда къабул гьабичIониги, 2018 соналда къабул гьабуна пенсия­лъул ригь цIикIкIинабиялъул за­конги.
Дагъистаналда, кватIун гIу­цIа­ниги, цIияб хIукуматги гIуцIана. Дагъис­таниязул хьулал рукIана республикаялъул хIукумат тIу­бан­го цIиял чагIаздасан хьезабураб букIине ба­тилин абураб. Гьедин ккечIо, хIа­тта, республикаялъул цIияб хIу­ку­маталде щив кканиги, хиса-басиял ккеялда божилъи гьечIолъиялъ, халкъалъ гьабулеб цо кIудияб ургъелги бихьулеб гье­чIо.
Коррупциялде, ришват­чилъи­ял­­де данде рагъ лъазабун буго рес­публикаялъул бетIер Влади­мир Васильевас. Жавабиял хъулухъазда рукIарал гIезегIан хIа­кимзаби жанир тIамуна. Къого-лъеберго соналъ бичча-би­хъа­н та­раб, цIакъго гъварилъуде кьал­бал араб гьеб «унти» сахлъизаби­зе кIвеладай? Хьулги божилъиги, дагьаб букIаниги, хутIун буго халкъалъул.
Магъало бакIариялъул ра­хъа­л­ъ мадараб хIал бугин абулеб буго республикаялда. Гьеб лъикI буго, бакIарараб гIарац ну­хал къачIаялде, росабалъе газ бачиналъе, хIалтIул бакIал гIу­цIиялъе, харжал, пенсиял цIи­кIкIинариялъе хIалтIизабулеб бу­гони.
Гьебго заманалда лъикIал хIал­тIа­биги лъугьа-бахъиналги камун гье­чIо республикаялда. Аваро-Ка­хетия­лъул нухда, Анцухъе щве­зегIан къа­чIан гIатIид гьарун нухазде хъил тIуна, ЧIарада, ЦIумада районазул нухазда хъил тIун рагIалде бахъунеб буго, тIад­ран унел руго хIалтIаби халкъалъул гIарцухъ бахъулеб бугеб Бузнаса нухдаги. Гьединго хал­къияб къагIидаялъ нухал къа­чIалел руго магIарул районазул цо-цо росабалъе. Гъоркьиса Астраханалдаса Каспийскалъул флотилия рехана Каспийск шагьаралде. Гьениб нилъер нус-нус чиясе хIалтIизе бакIал щвеялдеги хьул буго.
Араб соналда гIатIидго кIо­до гьабуна магIарул цо-цо ша­гIирзабазул, гIалимзабазул, пачалихъиял хIа­ра­­кат­чагIазул, Кав­­­казалъул рагъул бахIарзазул, ай тарихалда цIарал тарал дагъистаниязул юбилеялги.
МагIарулал рохизаруна лъаб­­аби­леб нухалъги эркенаб гу­га­риялъу­л рахъалъ дунялалъу­л чемпионлъун вахъарав ГIаб­дул­рашид Са­гIа­ду­лаевас, кIи­абилеб нухалъ чIел боса­рав МухIамадрасул Гъа­зи­му­хIа­мадовас, квержубараб ра­гъул UFСялъул рахъалъ Россиялдаго тIо­­цебе чемпионасул рачел бо­са­рав ХIа­биб НурмухIамадовас ва цогидалги нилъер багьадурзабаз. Гьезул рахъалъ ва цогидалги магIарулазул гIумруялда кколел лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ «ХIакъикъат» газеталъ кидаго хъвазеги хъвала. Хъвала ва хъвазе буго магIарухъа гIадамал лъа­рагIлъиялде гочунел рукIиналъ росаби мигьлъулел рукIиналъул, гьенир школал ва цогидалги социалиял идараби къалел рукIиналъул, миллияб ма­цIалъеги, хаслъиялъеги кколеб бугеб заралалъулги. Школазда дагь гьарун руго рахьдал мацI малъиялде кьолел сагIтал, цо-цо эбел-инсуцаги кIвар кьолеб гьечIо лъималазда рахьдал мацI малъиялде. Миллаталъул аслу­лъун ккола рахьдал мацI. Гьеб цIуниялъул гъанситолъун буго росу. Гьединлъидал магIарул ро­­сабалъ гIадамазе санагIатал шар­тIал гIуцIизе ккола. Гье­лъу­л хIакъалъулъ гьоркьоса къо­тIичIого хъвазе буго газеталъ хадубккунги.
Хъвана ва хъвазе буго нилъе­р цебесеб тарихалъул, адабията­лъу­л ва маданияталъул, гьелъул хIара­кат­чагIазул хIакъалъулъги.