Газета — тарихалъул нух

13 январь — Печаталъул къо

 

Басма хIисабалда, газет-журналазда сверухъ батIи-батIиял бахIсал унел руго гьанже. Интернеталъул гIасруялъ газетал церетIеялъе нухал къазе ругин абулелги руго, газета кидаго тIагIине гьечIин ракIчIаралги дагь гьечIо. Европаялъул улкабаз нугIлъи гьабулеб буго цIалдолел газетазде тIадруссине рукIиналъе. Гьел улкабазда къо бахъанагIан цIикIкIунел руго газетал хъвалел. Нилъер гьанир гьабсагIаталда гIемерал гIадамал руго Интернеталъул «гIатIилъабазда», гьеб заманалъул «унти» бугин хьулазда басмабиги руго. Лъаларо гIумруялъ щиб ни­лъеда бицинебали, амма лъала Интернеталда рахьдал мацIалда дур халкъалъулги, умумузулги, гIадат-гIамалалъулги бицунареблъи. Россиялда тIоцебесеб газета къватIибе бачIаралдаса исана тIубала 316 сон, Дагъистаналда — 140 сон. Газетал къазе ругин ахIи букIана радио баккаралдасаги, хадуб телевидение баккаралдасаги, гьанже гьеб эстафета щун буго Интернеталъухъе. РакIалда буго гIасруялъ магIарул халкъалъул тарих цIунун къватIибе бахъараб нилъер газета жеги нус-нус соназ цIунун хутIилин. Гьеб бараб буго заманалда ва технологиязда гуреб, гIицIго нилъеда – магIарулазда.