Хасаб пикру

ГIатIидаб нух, халатаб хьул

Васильевасул каламалъулъ буго ракIчIейги жавабчилъиги

Журналисталги данде ахIун, телевидениялдасан суалазе жавабал кьезе тIоцебе байбихьана ДРялъул бетIерлъун вукIарав МухIамадсалам МухIамадовас (2010-2013 сонал). БукIанищ гьелъул пайда, кканищ хIасилго? Гьеб суалалъе жаваб кье­зе дун лъугьинаро, амма гьеб иш лъугьана лъикIаб къиматалъе мус­тахIикъаб, информациялъулаб гIум­руя­лъулъ цIияб хIужалъун. Гьесдаса хадув бетIерлъун вачIарав Рамазан ГIабдулатIиповасул (2013-2017 сонал) рукIана хасал къагIидаби, цогидал нахъгIунтIуларел хиялал, пикраби, бичIчIизе бигьаябин кколеб магIнаялде босизе захIмалъулеб ка­­лам, гьединалго ишал. МухIа­мад­­саламица байбихьараб иш гьес гIемерго цебетуркIизабуна, гьелда цIияб рухI речIчIизабуна. КIигониги нухалда дунгоги ккана телевидениялде («РГВК») данде гьарурал жур­­налистазда гьоркьове. Абиларо гье­ниб «къараб» ахIвал-хIал бу­кIа­нин абун, журналистазе кьун бу­кIана гIезегIан эркенлъи, гьукъу­н букIинчIо бокьараб суал кьезе, хIа­къаб жо, рукIана суалал цереккунго кьезе хIадур гьарун, бетIерасул пресс-хъулухъалъулгун дандраралги. Амма хIалбихьи бугев политикияв хIа­ракатчияс, рагIул устарас цониги суалалъе жаваб кьечIого толароан. Кинаб суалалъе жаваб кьолеб бу­гониги, ГIабдулатIиповасухъа ба­жа­рулаан кинабго бербалагьи жиндехун буссинабизе ва цIакъ гIемер хIал­тIизарулаан «дун», «дица» аб­у­рал рагIаби. Жинда лъаларебги бу­кIине, живги мекъи ккезе бегьулин, жинхъаги рорчIун ратизе бегьулин гъалатIал абурал пикрабицин рукIинчIин ккола дида гьесул. Гьелъ батизеги бегьула Дагъистаналъу­л бе­тIерлъуде вачIаралдаса нахъе гье­сие цIакъго хирияллъун ккарал «Дагъистан, гьанжелъизегIан ква­на­забун гурони, сахгьабулеб бу­кIинчIо», «це­рехун рукIарал нухмалъулел жу­рана басрияб «системаялда» ре­къон хIалтIизе, гьединлъидал гьезул хIалтIиги цебе инчIо, дица хисизабизе буго тIолабго система» абурал цIакъ берцинал, гIадатиял гIа­дамазул гъирабазабу­лел, гьезул хьул ва божилъи бижи­забулел рагIаби чIо­рогояллъун хутIа­рал.
ВачIана, бихьана, ургъана…

Гъоркьиса хаслихъе ГIабдулатIи­пов хIалтIудаса нахъе витIи парахатго къабул гьабуниги, гьесул бакIалде я нилъ, я нилъеда гIемер лъаларев Владимир Васильев витIун вачIин ккун батила ракIалдаго букIинчIеб лъугьа-бахъин. Халкъалда гьикъун бетIер я тIамулеб, я вахъулеб низамги нилъер гьаниб хIалтIуларелъул, гIадамазе хутIараб жо букIана цо — лъикIал хьулалгун иргадулав бе­тIерасул рагIухъ, ишалъухъ, гьесул «цIилъиязухъ» ралагьун рукIин. ТIоцересел моцIал гьедин анин абуни, гIемер мекъиги ккеларо. Хадуб дагь-дагьккун байбихьана чIахIиял хъулухъаздаса чиновникал рахъизе, гьезул цо-цоял жанир лъезе ва гьезул бакIазде цIиял, хасго Татарстаналдаса гIадамал тIамизе. Гьелдаго цадахъ бичIчIана Васильевас Дагъистаналда хIурият гьабизе гьечIеблъи. Гьесул гьединаб мурадги батиларо. Амма лъугьун бугеб ахIвал-хIал кьучIдасанго хисизаби буго чIванкъотIун гьесда «тIад лъураб гьир», гьелъие рагьун руго киналго нухал, руго президентасул божилъигун квербакъи. Гьеб кIудияб ва захIматаб хIалтIулъ рихьулел ва лъалел рукIарал масъалабазде тIаде цIияв бетIерасда дандчIванин ккола ракIалдаго гьечIеб чанго масъалаги:
1. ЗахIматаб гьир тIаде бегун букIин бичIчIаниги, гьесда щвалде щун лъалеб батичIо церечIарал масъалабазул гIатIилъи. Гьеб хIужа бичIчIун хадуб гьес битIахъе бетIер ккунинги ккола.
2. Гьесда ва гьесул командаялда гьанжего гьанже бичIчIизе байбихьараб хIисаб буго Дагъистаналъул ва дагъистаниязул хаслъиги гIадат-гIамалги.
3. Буго цоги суал — киналго рахъизе (жанир лъезе) мустахIикъал жавабиял хIалтIухъаби рахъани, щал тезе ругел гьезул бакIазда? РахъичIого тани, кин гьелгун хIалтIизе ругел? ХIалтIизе кигIан захIмат букIаниги, жеги дагьаб заманалъ, цIиял, профессионалиял кадраби ракIаризегIан гьелгун (республикаялда ругел федералиял органал, республикаялъул идараби, муниципалиял гIуцIаби) хIалтIичIого рес гьечIеблъиялъулги, гьеб суалалъулъ кьури гьечIеб гIадлу- низам чIезабизе букIиналъулги хIа­къалъулъ Владимир Васильевас би­цана 30 октябралда телевидениял­да («РГВК») журналистазулгун бу­кIа­раб данделъиялда. Аслияб суал тIа­сияб соналъул бюджеталъул хIисаб-суал гьаби, ругел баянал дандрай бугониги, хъулухъалде тIамураб лъа­гIалида жаниб журналистазулгун букIараб тIоцебесеб данделъиялда Васильевас рорхана цоги кIвар бугел масъалабиги. Гьесда цадахъ данделъиялда рукIана хIукуматалъул председателасул заместитель, экономикая­лъулгун финансазул министрал, па­чалихъалъул ва хIукуматалъул жава­биял хIалтIухъаби. Амма аслияб кIалъай гьабуна ва суалазе жавабал кьуна Васильевас. ЛъагIелалъ заман батичIеб гьаб мисалалъул данделъи щиб гIиллаялдалъун гьанже тIобитIараб? Гьелъие жаваб кьуна живго Васильевасги:
1. ГьанжелъизегIан нухмалъия­лъул букIинчIо чIванкъотIун дагъис­таниязда цебелъезе гIураб, хIасил ккараб хIалтIи. ГьабсагIаталда буго гьабураб хIалтIиги, руго рекъараб къадаралъул хIасилалги, гьабизе бугеб хIалтIул бичIчIиги, гьелъие ресалги.
2. ЛъагIалил бюджет цIакъго кIвар бугеб, республикаялъул гIумруялъул кьучIлъун букIинги хIисабалде босун, гьелъул баянал-тIалабал дагъистаниязда дандразе бокьи.

Бице, малъе…

Байбихьуда букIараб кIалъая­лъулъ­ги, суалазе кьолел жавабазулъги Васильев вукIана ракIчIун, бокьараб суалалъе жаваб кьезе хIадурго. Бихьулеб букIана лъагIалида жаниб нилъер хIакъикъаталъ гьев лъикIаб хIалалда лъадарун вукIин. Цоги хIужа: цо-цо тарихазулъ чIванкъотIи гьечIониги (гьелъие рукIана вице-премьер, министрал) цо-цо цIаразулъ (росаби, районал) мекъи кколев вукIаниги, бихьулеб букIана Дагъистаналъул масъалаби гьесда гIезегIан гъваридго ва мухIканго ричIчIулел рукIин. ХIалбихьи бугев генерал вукIаниги, гьев гIажаиблъун вугоан нилъер гьаниб дандчIвараб ришватчилъиялда, сундухъго балагьичIого тIибитIун бугеб цIогьалда. Мисал хIисабалда гьес рехсана ТФОМС, бицана гьениса рикъарал миллиардазул хIакъалъулъ. Рехсана цоги хIужа: нухазул идараялъ пуланаб кьо базе бихьизабун буго 1.5 млрд гъуруш, гьелдаса 1 млрд ун буго хIалтIуде, 500 млн бикъун буго. Гьелдаго цадахъ загьир гьабуна гьеб унти сахгьабизе кIвеялда кинабгIаги щаклъи гьечIолъиги. АбичIого гIоларо гьадинаб жоги: Васильевасул каламалда къанагIат гурони гьечIо «дун», «дица» абурал рагIаби, гьесие хасияталлъун руго «нилъ», «нилъеца», «нижеца» абурал рагIаби. Гьев лъутулев гьечIо жавабчилъиялдаса, кIолеб буго лъаларелда лъаларин абизе, гъалатIазе мукIурлъизе, кумек гьабейин, бицейин, малъейин абун ракIбацIцIадго абизе. Гьебги бугин ккола цо лъикIаб хасият. Бихьулеб буго бицунеб хабарги гьарулел малъа-хъваялги гIемер гьечIеблъи, бицунебги гьабулебги гIага-шагарго дандекколеб букIин. Амма цIакъ бо­кьилароанха мекъи ккезе, цIиби­жараб божилъи ва гьединабго хьул, тIурачIел анищаздалъун, харбаз­далъун лъугIизе, байбихьараб хIал­тIи нухбакьулъ хутIизе.
ГIабаш ГIабашилов