Микробазул тушман

ЧIахI-хералъул парччахI

Биччанте нужер квен букIине дарулъун, дару — квенлъун (Гиппократ)

Щибаб росулъ камуларо халкъиял тохтурзаби-местIерал. Нижер ГьентIа росдал чIахIиял чагIаз жа­къа­ги адабалда рехсола квер­битIа­­рав мес­тIер Бижалалъул НурмухIамадил цIар. Гьес сахгьарулел рукIун руго лъукъарал, унтарал ва сахлъиялъе жагъаллъи бугел гьидерил росабазул гIадамал. Дол соназ, аслияб къагIидаялда, унтаразул букIунаан кIиго батIияб гIарз: «бетIер унтулеб буго», «чехь унтулеб буго» абун. Сахгьабиги букIана «унти чIезабиялда» рекъараб. Унтараб бетIер, кIвараб хIа­лалъ дандекъан, кварица яги кьурараб чIортоялъ бухьунаан, цо-цояз гьелда, къвакIараб гIучIалъ кьурун, сверунжо балаан.
Унтаби сахгьарулел дарабилъунги рикIкIунаан: мумия, гьоцIо ва ражипер. Мумия хIалтIизабулаан рокьол унтаби, хасго бекараб ракьа сахгьабиялъе, гьоцIо букIана киналго унтаби сахгьарулеб дару, ражи рикIкIунаан къватIул унтабазул тушманлъун. ГIадамаз ражи хIалтIизабулаан дунял цIорораб заманалда.
Цебе магIарухъ ражи къанагIатаб нигIмат букIана, амма хасалоде гьелъул нахърател гьабичIого цониги хъизан тIубалароан. Хьиндалаз абуни, ражигун хинкIал бищунго цIакъаб квенлъун рикIкIунаан.
Дару-дарман къанагIатаб некIо заманалда ресалда ругел чагIаз унти сахгьабиялъе ва рахунел унтабаздаса цIуниялъе гIоло ражи хIалтIизабулаан. Египеталъул пирамидабазда жаниб пиргIавназул саркофагазда, гIарац-меседалъул къайигун цадахъ археологазда батулеб букIана ражи. НекIсиял румазул аби букIана: «Ражиялъ бахIарчиясул рекIеда гвангъун цIа рекIинабула, квачалъ гьелъул цIер лъугьинабидал», — ан. Румазул легионеразул кванилъ ражи чара гьечIеб букIана, гьелъ рагъу­хъанасе къуватги хIинкъи-къай гьечI­олъиги кьолилан рикIкIунаан.

Антибиотиказдаса къуватаб

НекIо гIурусазул кашишаз рагъде унел гIолохъаби тIоритIулаан гьадинаб каламалдалъун: «ХIинкъи лъачIого букIиналъе гIоло чIвай чIегIераб борохь ва лъе гьеб квегIаб чакмаялда жаниб, вагъизе рагъул майданалде унеб мехалъ, гьебго чакмаялъуб лъе ражидул лъабго бетIер», — ан.
НекIсиял греказ гьелда «борхьил чIахIилан» абулаан ва борхьица хIанчIараб бакI, ражи чIван, сахгьабулаан. Гьоркьохъел гIасрабазда Европаялда ражи хIалтIизабулаан заралиял жалаз унтараб ургьимес сахгьабиялъе.
ГIурусазул сахгьариялъе дару-дарман хIалтIизабизе кколеб къагIида малъулеб тIехьалда хъвалеб буго: «Ражи кунев чиясул ургьир бокьонацIал (чирья) ва цоги заралиял жал рижуларо, рижаралги гьелъ хвезарула», — ян.
Ражиялъ унтаби сахгьариялъе бугеб гIилла тIатинабуна гIалимчи Б. Токинил хIалбихьияз. Ражиялдаса къватIире рачIун, хехго роржун унел жалаз (фитонцидал) чIвалин унти ккезабулел киналго микробалин чIезабуна гьес. Дагьал цере гIалимзабаз тIоритIарал цIех-рехаз бихьизабуна, гьабзаманаялъул къуватал антибиотиказухъа бажаруларел заралиял бактериялги ражиялъ хвезарулел рукIин.
1858 соналда парангазул химик Луи Пастерица ражидул гажал лъуна бактериял ругеб гъадароялда жанир, цо чанго къоялдасан гьесда бихьана гьелъул цонигиялда аскIор бактериял хутIун гьечIеблъи.
ТIоцебесеб ва кIиабилеб дунялалъул рагъазулъ ингилисазул ва гIурусазул рагъухъабаз пенициллиналъул бакIалда ражи хIалтIизабулаан. Гьединго ражидул лъамалъи хIалтIизабулаан ругъназде ккарал микробал хвезаризе.
Гиппократица малъулеб букIана рахунел унтабазда данде, ругъун чуризе, рак унти сахгьабизе, риххел инабиялъе ражи хIалтIизабизе кколин. Авиценнаца сапарчагIазда ма­лъу­лаан, чорокаб лъим гьекъезе кколеб бугони, бахунеб унти ккечIого ва риххел щвечIого букIиналъе гIоло, ражи квине кколин. Гьес абулаан жибго квине ражи къуватаб нигIмат кколин, гьединлъидал гьеб лъикIаб бугила кванилъ хIалтIизабизе.
НекIсиял греказул атлетаз Олимпиял хIаязда, лъикIал хIасилал рихьизариялъул мурадалда, ражи кунеб букIана.
Нилъер заманалда тIоритIарал медицинаялъул цIех-рехаз ражидул бетIералда гъорлъ букIин тIатинабуна: 0,4 процент эфиралъул нах, 0,3 процент гликозид аллиин, пировиноградияб къанцIа ва аммиак, фитостеринал, фруктоза, крахмал, витаминал — А, Е, С, В1, В6, К ва D, фитонцидал, калий, натрий, кальций, магний, йод, кремниялъул, фосфоралъул ва чIабтIил къанцIаби.
Ражидулъ буго 17 аминокислота, антиоксидантал, черхалъул чара гьечIого къваригIунел къанцIаби — Омега 3 ва Омега 6. Амма гьелъулъ бугеб бищунго къиматаб жо ккола аллицин, гьелъ чIвала бактериял, дандечIола цIа-кан бахиналда ва гьороялда.

12 хIужа

1. ЦинтIаго рекIел хIалценалдаса ва инсульталдаса цIуни.
2. Бактериял ва вирусал хвезари.
3. Иммунитет щула гьаби.
4. Свакалда дандечIей.
5. Чакрил унтиялдаса цIуниялъе квербакъи гьаби.
6. Кеп-хIалалда хадуб халкквей.
7. ЧIукIнабаздаса ва грибоказдаса черх бацIцIад гьаби.
8. Нерваби гIодоре риччазариялъе кумек гьаби.
9. Мукъуралъул сахлъи цIуни.
10. Бихьинчиясул къуват цIи­кIкIинаби.
11. Рак унти ккеялдаса цIуни.
12. ГIумру халат гьаби.

Кин хIалтIизабилеб?

Пайдаял жал цIуниялъул мурадалда ражи гIемер мехалъ белъине ва бежизе бегьуларо. Ражи гIисин гьабун буссуна ва 5-10 минуталъ суркIиниб тола. Гьеб заманалда жаниб уна химикияб реакция ва ражиялъ къватIибе кьола аллицин. БачIинахъего буссараб ражи хьагинибе яги къоноялде рехани, гьеб реакция унаро. Аллицин къватIибе бачIарабго, 10-15 минуталда жаниб хIалакъабго цIадуда ражи белъани яги бежани, ражидул пайдаял хасиятал цIунула. Амма лъикIаб буго гIатIго квине.
Къокъго абуни, цIа хъвачIеб ражиялъ сахлъи щула гьабула. КIочене биччаге, тIирщараб ражи гIодобе рехуге, гьеб черхалъе жеги пайдаяб букIуна.

Нури Нуриев