ГIабдулал кочIол тIогьал

Халкъалъ къабул гьавурав кочIохъан

 

МагIарул кечI. Унго-унгоги дулъ бугеб къуват. Дуца квелъ барал анищаз гIанлъула гIумруялъул бураназдагицин хIеккинабизе кIолареб инсанасул ракI. Цин гIурул рагIалде рехула дуца, цинги, гьелъул карачелазулъ лъедолелъул, хIеренго, недегьго баунги толеб куц дуца. БотIрода саву ккарал херазул къасдазулъги рещтIуна мун, гьанжего гьанже гIищкъул нухдасан унезул пикрабаздаги кверщел гьабула дуца, рокьи тIубачIезда цадахъ гIодизеги гIодула мун. Дур гъасда магIарулазда батула къисматалда кьезе кIвечIеб хинлъиги, хивалазе чIаголъиги, чIунтараб ракIалъе дарманги. Амма жакъа гьениб жидеего бакI балагьулел ругел магIаруллъиялъул яхIги махIги гьечIел чIорогоял кучIдузул кIетIей гIемерлъулеб буго. Духъа изнуги босичIого, гьенир рещтIунел гьез щибго кеп кьолеб гьечIо гIенеккаразе. Гьединал «цIвабзаз» хIаракат бахъулеб буго мун кьеризабизе.

Амма рорхатал мугIрузда пархолел пахруял цIумазул кваркьабазда гъоркь бугеб мун цIунулезул цояв ккола гьал къояз редакциялде гьоболлъухъ вачIун вукIарав ГIабдула МухIамадмирзаев.
Рорхатал мугIрузул ЧIарада районалдасан гъулгъулаго чвахулеб КъаралгIоргун цадахъ магIаруллъиялдаго тIибитIана ГIабдулал кечI. Гьениб борха-лъудасан боржана гьеб магIарул кочIол гъасде. Цин гьесул кочIое хъатчIвана гIагараб Сачада росдаде тIаде къуларал мугIрул-щобаз, хадуб — гьеб кочIол гьаракь гъугъана магIарулазул ракIазулъ.
ГIабдулаца пандрида рачунел бакъназ лъил каранлъ цIа бакичIеб, гьесул щвантIихалъул сариназухъ гIенеккидал, лъида ракIалдещвечIеб йокьулелъухъ инагьдулеб талихIаб заман? Мандолина, балалайка, аргъан ва ахиралдаги — эстрада. Гьеб киналъулго кумекалдалъун, гьелде тIадеги — гIадамаз чIвалеб хъатил гъугъаялъги босун лъуна ГIабдула МухIамадмирзаевасул кечI жакъа жиб бугеб тIадегIанлъиялда.

Лъимерлъиялъул лъалкIал

1969 сон. Анкьго сон барав ГIабдула тIоцеве гIахьаллъана ЦIуриб тIобитIулеб букIараб кочIол конкурсалда. Гьеб букIана магIарул кочIол кIудияб дунялалде вукIинесев кочIохъанас тIамураб тIоцебесеб гали. Гьелдаса хадуб чанги гIахьаллъана ГIабдула районалда тIоритIулел конкурсазда.
Гьес микьго класс лъугIизабуна росдал школалда. Цинги хъизан гочана Буйнакск шагьаралде. Гьенив ГIабдула цIалана техникияб училищеялда ва щвана фрезеровщикасул махщел. Гьелда рекъон, хIалтIиги щолеб букIана. Амма ракIалъ цIалев вукIана кочIолаб дунялалде. Ва ГIабдула цIализе лъугьана МахIачхъалаялде Г. ГIалиевасул цIа-
ралда бугеб музыкалияб училищеялде. ГьитIинав ГIабдула кидаго пана гьавулаан росуцояв, кочIохъан МухIамад Абакаровасул кочIоца. Гьеб паналъиялъул асирлъудаса рорчIизе кIвечIел гьесул анищал-пикраби кечIлъун чвахулел руго гьанжеги.

Махщел цIубалеб гIужалда

1987 соналда ГIабдула хIалтIизе лъугьана Дагъистаналъул кьурдул ва кочIол ансамблялде. ХIалтIана гьев Дагъистаналъул пачалихъалъулаб филармониялда, «Ай-Лазат» ансамблялда. АхIана гьес кечI ГТРКялда цебе гIуцIараб хоралдаги. Цеве ва-хъана вокалиябгун кьурдул «Дагъистан» ансамблялда цадахъги.
Дагъистаналъул мустахIикъав артист, Дагъистаналъул халкъияв артист. Жакъаги гьев вуго халкъгун цадахъ, гьелъул къварилъи-рохелги гIахьал гьабун.

КIочонарел лахIзатал

Бицана ГIабдулаца рекIелъ рукъ ккун хутIарал цо-цо сапаразул хIакъалъулъги.
— «МагIарулал» квартетгун цадахъ дун гIахьаллъана улкаялъул тIоцебесеб каналалъул «Республикаялъул чIухIи» абураб программаялда. Гьениб нижеца ахIана ХIамзатил Расулил рагIабазда кечI. Гьединго Дагъистаналдаса артисталгун, республикаялъул
бетIерлъун вукIарав Рамазан ГIабдулатIиповгун, культураялъул министр Зарема Бутаевагун ва цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун цадахъ гIахьаллъана Расулил 90 сон тIубаялъул байрамалда хурхун Москваялда тIоритIарал тадбираздаги. 2008 соналъул 13 октябралда рес щвана Москваялда тIоритIулел Дагъистаналъул культураялъул къояздаги гIахьаллъизе, — ян бицана гьес.
ГIабдулал кочIохъ гIенеккана Россиялъул батIи-батIиял регионазда ва шагьаразда.

Чвахе, магIарул кечI

ГIабдула МухIамадмирзаев ккола халкъалъ къабул гьавурав кочIохъан.
ГьабсагIаталда гьев хIалтIулев вуго «Лезгинка» ансамблялдаги (халкъиял инструментазул оркестр), МагIарул театралдаги (цIиял пьесаби лъолелъул, гьезие бакънал рачуна), Дагъистаналъул операялъул ва балеталъул театралдаги. Гьев тIоцеве гIахьаллъана «Хочбар» операялда. Гьединго ГIабдула магIарулазда вихьула МагIарул театралда тIоритIулел тадбираздаги. Гьев ккола чIарадисезул машгьураб хора-лъул гIахьалчиги. ЧIагояб гьаракь къанагIалъараб магIарул кочIол хIикматаб дунялалъе ГIабдулал кечIалъ кьола хасаб канлъи.
Бицана ГIабдулаца ХIамзатил Расулилгун букIараб гьудуллъиялъул хIакъалъулъги.
— Чанги щвана дун шагIирасул рокъове. Ахирисеб дандчIваялда гьев унтуца загIиплъун вукIана. Ва гьес нижеда, гьесухъе щвезе арал гIолохъабазда, абуна хун хадувги, рехун тоге живилан. ТIубазабунин кколаха дица шагIирасул васигат — чанго нухалда тIадвуссана гьесул шигIрабазухъе, — ян абуна гьес.
Гьединго ГIабдулаца кучIдул ахIула ЦIадаса ХIамзатил, МахI-мудил, ГIумархIажи Шахтамановасул, ХIажи Гъазимирзоевасул ва цогидалги шагIирзабазул рагIабазда. ЦIакъ рокьула халкъиял рагIабиги.

КочIохъанасул насихIатазухъги гIенеккулаго…

ГIабдулал рахIат хвезабун буго магIарул кочIол жакъасеб дунялалда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъ. РакIбакъван бицана гьес, фонограммаялда гъоркь гурони, кечI ахIун бажаруларел халкъиялги мустахIикъалги артистазулги, ахIулеб кочIол магIна сан гьабуларел гIолилазулги, гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьолелъул, аскIоре гIагарлъизе тезе бегьуларел, нич бахъарал кучIдузулги хIакъалъулъ.
— Жакъа халкъалъ къабул гьарулел, гьез хъатчIваялъул квербакъи-ялдалъун тIадегIанал цIарал щварал кочIохъабицин рикIкIалъулел руго гьелдаса. Гьале цо мисалги. МагIарул театралда тIобитIараб магIарул мацIалъул фестивалалда гIахьаллъичIо гьел кочIохъаби. Гьениве щивниги ахIунги вачIун вукIинчIо. АхIизейищ кколел нилъерго байрамалде. АхIун ругьунал гьезие рогьолъун букIун батиларищха ахIичIого рачIине. Гьел ругьунлъун руго жидеего лъикIаб мацI бицине гIадамал тIамиялде. Жидерго церерахъиналги «плюсовкабаз» тIуразарун рукIунел гьезие щибго щолареб фестиваль щайха къваригIараб? — илан абуна гьес.
— Дида цоги бичIчIана — концертазде рачIараз кIвар кьолеб гьечIо ахIулел рагIабазде, кигIан пашманаб кечI ахIулеб бугониги, «гьай-гьуйилан» ахIи балел рукIуна. Кьураби рорлъизеги, бищунго гучал гIумруялъул карачелазде дандегицин лъедезе къуват бугеб магIарул кечI щай загIип гьабулеб бугеб? Гьелда
тIад ургъизе кколезеги ургъел гье-чIони, хутIаралги, жидедаги хъвагеги хъвартIиги тIагIунгегиян ругони, дир гIелалъул кочIохъабиги цереса ани, кIкIабтIилъ къалагури магIарул кечI, — илан тIадеги жубана гьес.
Дагьалъги хIалуцун бицана гьес гIун бачIунеб гIелалъе рахьдал мацIалъул гьечIеб ургъелалъул.
— Концерталда рагIабазухъ гIинтIамунгутIи ккола рахьдал мацI лъангутIиялъул гIаламат. Гьединазда кинха лъалеб магIарул концерталъул тIагIамги. Гьеб киналдего кIвар кьолеб букIарабани, эбелалъул хIакъалъулъ кечI ахIулеб мехалъгIаги, гьезул бадиса магIил гарал гирилаан, — илан угьун биччана ГIабдулаца.

Бице, гIагараб миллат…

Жеги гIемераб жоялъул бицана гIагараб заманалда рахънибе ккезабизе захIмалъизе бугеб жакъасеб магIарул кочIол хIакъалъулъ нижерго пикрабиги гьурщулаго.
Бице, гIагараб миллат, лъица цIунизе кколеб дур кечI!? Рахьдал мацIалдаса инкар гьабуразул къорикье ккезехъин бугеб Дагъистаналъул къисмат кинабдай букIинеб!? Бугебдай нилъер щивасул рекIелъ «Дир Дагъистан» абураб цIакъго къиматаб каламалъе цо гьитIинабниги бакI!?
Шамай Хъазанбиева